Просмотр содержимого документа
«Презентация "Имам Шамил"»
Имам Шамил. Выполнила учитель родного (аварского) языка Юсупова Ш.А.
Дарсил мурад. Имам Шамилил г1умруялъулгун лъай –хъвай гьабизе, ц1алараб асаралъул маг1на жидецаго босизе(ай аслияб пикружидерго раг1абаздалъун загьир гьабизе), асаралъул герой, гьесул сипат –сурат, гьес гьабураб иш, загьир гьарурал пикраби бихьизабизе, Шамилил ишазе, г1амал-хасияталъе къимат кьезе, героясдехун ва гьес г1ахьаллъи гьабулеб лъугьа- бахъиналдехун авторасул ялъуни жидер бугеб бербалагьи загьир гьабизе, Шамилил сипат –сурат цебеч1езабулел раг1аби ратизе, суалазул кумекалдалъун тексталъул х1асил тартибалда бицине, Ват1аналдехун, багьадурзабаздехун рокьи бижизабизе.
Дагъистан
Ват1аналъул гъот1ол гьит1инаб г1аркьел,
Г1аммаб хъизамалъул мустах1икъав вас
Дир михъал урхъарав кьалул багьадур,
Кьибилго урхъарав чодул рек1арав.
Шамиль гьавуна 26 июналда (7июлалда) 1797 соналъ , бусурбабазул календаралда рекъон мух1аррам моц1алъул т1оцебесеб къоялъ Генуб росулъ узденчи Денгасул Мух1амадил хъизамалда.
Гьит1инав Шамиль дагь-дагьккун сахлъун, лъик1 лъугьун вуго. К1удияв г1ейгун, гьесул лъугьун вуго ц1акъ чорхолъ вит1арав, къуват бугев, тирияв, лебалав г1олилав.Доб заманалда лъимал ругьун гьарулел рук1ун руго г1ужда реч1ч1изе, рекеризе, к1анц1изе, гугаризе. Шамилие ц1акъ бокьулеб бук1ун буго гьединал къецазулъ г1ахьаллъи гьабизе. Хвалчад ва хонжрод вахъинеги гьесул гьунар бук1ун буго.
Ц1ализеги Шамиль к1удияв пагьму-гьунар бугев вас вук1ун вуго. Шамилил т1оцевесев учитель вук1ун вуго генуса Гъази –Мух1амад. Хадув гьев ц1алулев вук1ун вуго Унсоколо, гьесул учитель вук1ун вуго Казикумухалдаса Джамалудин. 20 сон балелде гьес лъазабуна грамматика, логика, риторика, г1араб мац1, философия ва лъазаруна законал.
1834 соналъ Шамиль вищула имамлъун, амма гьес инкар гьабула имамлъиялдаса, гьелъул бугеб к1удияб жавабчилъи бихьун. Гьесда чанго нухалъ нахъеги гьарула имамлъи гьабейилан, иргадулаб гьединаб гьари ва х1укму, г1емер ургъелал ва пикру гьабун, гьес къабул гьабула ва Шамил имамлъун вахъуна. Гьелдасан байбихьана Дагъистаналъул к1удияб къиса.
Шамилица абулаан.
Гьерсилги х1акъикъаталъулги г1урхъи хонжрол балалда бук1унеб.
Х1инкъиялъ щивниги хвасар гьавич1о.
Багьадурасда х1инкъи лъаларо, х1инкъучил рек1елъа гьеб х1ал киданиги т1аг1унаро.
Бищун къуватаб щулалъи – Ват1аналде бугеб рокьи.
Бах1арчилъи буго цо лах1заталъул сабру.
Сабруялъул т1иналде ккун батула месед.
Асх1абзаби гъурараб,
Бадру Ух1удалдацин,
Ах1улгох1да г1адинаб,
Х1алуцараб рагъ ккеч1о.
Гьаниб шугьадаазда,
Бихьараб гулил къиса,
Къаралабалъ гурони,
Цоги кибго бихьич1о.